Хъазах мацӀ — Википедия Перейти к содержанию

Хъазах мацӀ

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Хъазах
Qazaq
қазақша яги қазақ тілі
qazaqşa яги qazaq tılı
قازاقشا or قازاق ٴتىلى
Абулеб куц[qɑzɑqˈʃɑ]
[qɑˈzɑq tɘˈlɘ]
Территория Хъазахстан, Чин, Монголия, Россия, Хъиргъизия, Узбекистан
РегионЦентралаб Азия
(Туркестан)
ЭтниклъиХъазахал
КӀалъалел
17 миллион (2024 ценз)[1]
Хъазах алфабет (Хъазах Брайл)
Официалаб статус
Официалаб мес
Хъазахстан
Россия

Чин


Регулация гьабиКултуралъулги спорталъулги министери
Хъазахстаналъул Республикалъул гӀелмуялъулги тӀадегӀанаб лъайкьеялъулги министери
МацӀалъул кодал
ISO 639-1kk
ISO 639-2kaz
ISO 639-3kaz
Glottologkaza1248
Linguasphere44-AAB-cc
Хъазах-кӀалъалеб дунял:
  хъазах цӀикӀкӀанисезул мацӀ бугел регионал
  хъазах дагьбутӀадул мацӀ бугел регионал
Гьанир руго ИФАлъул фонетикиял симболал. Кколеб кверчӀвай гьечӀони, нужеда бихьизе бегьула гьикъул гӀужур, ункъбокӀон, яги цогидал симболал Юникодалъул гӀужразул бакӀалда. ИФА симболазе байбихьул нухмалъи балагье гьаниб: Квеки:ИФА.
Хъазахалда кӀалъалев, Тайваналда бахъараб
Хъазахалда кӀалъалев, Хъазахстаналда бахъараб

Хъазах[a] (абул куц [qɑzɑqˈʃɑ] яги [qɑˈzɑq tɘˈlɘ])[3][4]туркияб мацӀ, жиб хъипчахъ гӀаркьалиде кколеб ва жинда Гьоркьохъеб Азиялда ругел хъазахал кӀалъалеб. Эб гӀагараб буго нугъай, хъиргъиз ва хъарахъалпахъ мацӀазде, элгун цадахъ уна хъипчахъ-нугъай субгрупалде.[5]

Эб ккола Хъазахстаналъул официалаб мацӀ, гьединго элъул официалаб статус буго Россиялъул Алтай Республикалдаги. Гьединго эб буго дагьбутӀадул мацӀ Синцзянгалъул Или Хъазах Автономияб префектуралда (Чин), ва БакътӀерхьул Монголиялъул Баян-Олгии провинциялда. МацӀалда кӀалъала гӀемерисел этникиял хъазахалб Совет Союзалъул букӀараб территориялда (гӀ-ш. 472,000 чи Россиялда, 2010 соналъул цензалда рекъон), Германиялда, ва Туркиялда.

МацӀ лӀугьин букӀана XIV–XVII гӀасрабазда жаниб, гьанжесеб Хъазахстан бугеб регионалда гочарурел гӀагарал тюрк къавмазул мацӀ гӀадин Меседил Урду биххулеб мехалда.[5] Хъипчахъ-нугъай групалъул цогидал мацӀаздаса тӀобан батӀалъана XVII гӀасруялъул бакьулӀ.[6]

Цогидал туркиял мацӀалго гӀадин, хъазах буго агглутинативияб мацӀ, рагьаразул гьармонияги хӀалтӀизабулеб. Хъипчахъ-нугъай гӀаркьалида жаниб хъазах мацӀалъул хаслъи буго гӀаммал туркиял мацӀазул /tʃ/ ва /ʃ/ фонемабазул бакӀалда /ʃ/-ги /s/-ги букӀин, /m/-/b/-/p/ ва /n/-/d/-/t/ алтернация, рагӀулӀ эзул бакӀалда бан, гьединго хъипчахъ-нугъай субгрупалъул цогидал мацӀазда ругездаса цӀикӀкӀун парс ва гӀараб рагӀаби.[6][7] Ethnologue-алъ рикӀкӀуна лъабго цоцада бичӀчӀулеб диалектияб група: хьондасеб бакъбаккулаб хъазах — бищун тӀибитӀараб вариант, жиб гьединго официалаб мацӀалъул кьочӀолӀ бугеб, — бакъдасеб хъазах ва бакътӀерхьул хъазах.

Географияб тӀибитӀи

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъазах мацӀалда кӀалъалел (аслияб куцалъ хъазахал) руго гӀатӀидаб территориялда Тян Шаналдаса бахъараб бакътӀерхьуда Каспий ралъдал рагӀаллъуде щун. Хъазах буго официалаб пачалихъияб мацӀ Хъазахстаналда, элда кӀалъала гӀагарун 10 миллион чи (CIA World Factbook-алдаса[8] популациялъулги хъазахалда кӀалъалезул рикӀкӀадулги информациялда рекъон).[9]

Хъазахстаналъул 2009 соналъулаб цензалда рекъон, гӀ-ш 9,982,276 хъазахаз, яги гӀ. тӀолго халкъалъул 62,4%-алъ жидерго рахьдал мацӀлъун абуна хъазах.[10][11] 2021 Соналъул цензалда рекъон, гӀ-ш 13,380,107 чияс, яги кинабго халкъалъул гӀ. 70 %-алъ жидерго рахьдал мацӀлъун бихьизабуна хъазах,[12], хъазах мацӀалда кӀалъалеб буго халкъалъул кинабниги 80 % (5 сон баралдаса тӀаде).[13]

Чиналда, гӀагарун кӀиго миллион этникиял хъазахал ва хъазалда кӀалъалел руго Синцзянгалъул Или Хъазах Автономияб префектуралда. Хъазах мацӀалда кӀалъалел руго гьединго бакътӀерхьул Монголиялда.

Хъазах мацӀалда буго лъабго аслияб диалект: бахътӀерхьул, хьондасеб бакъбаккул, бакъдасеб. ТӀоцебесеб кӀиябго диалект лӀугьана гьел территориязда рукӀарал хъазахазул тухум-къавм гӀасрабаз рикь-рикьулел рукӀун. Хъазах мацӀалъул бакъадасеб диалект, гьел ракьазда Хохъандалъул ханлъул кверщел букӀун, чанго гӀасруялъ букӀана узбек мацӀалъул къуватаб асаралъукь, амма гьединго элъул жиндирго асар букӀана узбек ва хъиргъиз мацӀазул ратӀаял диалектаздеги.[14][15]

Хьонда-бакъбаккул диалекталъул бачӀин буго аргъыназул, найманазул, кереязул, хъипчахъазул, хъонгыратазул тайпаялъулаб гарудаса. Гьебго диалект хӀалтӀизабулаан хъазах литературияб стилалъе кьучӀ тӀамурал Абай Хъунанбайулыца ва Абрай Алтынсариница, элъул руго гьанжесеб литературияб мацӀалъулгун гӀаммал куц-мухъал.[15]

Бакъдасеб диалекталъул кьалбал уна уйсун, жалаир, канглы, дулат ва цогидал къавмиял цоталабазул гаруде. Элъул руго жиб литературияб мацӀалдаса батӀа гьабулел хадусел хасиятал.[15]:

а) рагӀул кӀалалда гъугъаб /k/ зирараб /ɡ/ гьаркьиде свери,
б) /ʒ/ гьаракь /j/-де трансформати рагӀул кӀалалда,
в) /l/, /d/, /t/ гьаркьазул ассимилация гьечӀолъи,
г) /s/ гьаракь /ʃ/-де буссин,
д) императивиябгун оптативияб буссинабул гӀемерлъул формалъул 1-себ гьурамал -алы ва -ели формаби рукӀин,
е) мынан хадурегӀалил тӀобараб форма букӀин, мен ва цги бакӀалда.

БакътӀерхьул диалект баккана Алшын къавмалъул цолъиялда гара-чӀварул тӀагӀел гӀадинан. Жиб роцӀинабулеб куц-мухъалда рекъон, эб буго гӀагараб бакъдасеб диалекталде, амма буго батӀалъиги:

а) /o/ гьаракь /u/-де свери,
б) гӀемерлъул формадул 1-себ гьурмал поссесивиял цӀарубакӀазул къокъал формаби рукӀин,
в) цо-цо архаикияб лексика цӀунахъе букӀин,
г) цогидал туркиял мацӀаздаса рачӀарар рагӀаби.

Гьанжесеб мехалда буго ургъ, хъазах мацӀалда ункъго диалект бугилан абурабги: бакътӀерхьул, бахъдасеб, бакъбаккул ва централ-хьондасеб.[16]

Диалектазул хаслъиги ареалги[17]
Диалект Фонетикияб хаслъи Морфологияб хаслъи Ареал
БакътӀерхьул Алтернация о ~ ұ (құлдану — лит. қолдану 'хӀалтӀизаби'), п > б (балуан — лит. палуан 'къуватав чи') БачӀунеб мехъалъул суффиксал-жақ/-жек (айтажақ — лит. айтады 'абила'), 2-леб гьурмал гьоноративиял формаби -сыңыз/-сіңіз (барасыңыз — лит. барасыз 'Нуж уна'), араб мехалъул суффиксал -улы/-үлі (барулы — лит. барды 'ана'); Атырау, Мангистау, Ахътёбе, бутӀаккун Хъостанай ва Хъизилурду регионал
Бакъдасеб РагӀул тӀарамагъада н ~ ң алтернация (өлен — лит. өлең 'кечӀ'), ламбдацизм (маңлай — лит. маңдай 'нодо') Императивалъул суффиксал-қын/-кін, -ғын/-гін (келгін — лит. кел 'бачӀа'), интсрументалалъул суффиксал -пынан/-мынан (атпынан — лит. атпен 'чодалъун') Алматы, Жамбыл, Туркестан, бутӀаккун Хъизылурду регионал
Централ-хьондасеб Фонетикияб рахъалъ релълъен буго бакътӀерхьулалда Грамматикадулги лексикалъулги рахъалъ релълъен буго бакъбаккулалда БакътӀерхьул Хъазахстан, Хьондасеб Хъазахстан, Павлодар, Ахъмола, бутӀаккун Хъостанай ва Хъарагъанды регионал
Бакъбаккул Фонетикияб рахъалъ релълъараб буго бахъдаселда, м. б. чал — лит. шал 'херав', джоқ — лит. жоқ 'гуро' Индикативалул суффиксал -ғайы/-гейі, -қайы/-кейі (барғайы отыр — лит. барғалы отыр 'инехъин вуго'), гӀемерлъул форма (үйдер — лит. үйлер 'рукъзал'). Лексикадул рахъалъ релълъен буго централ-хьондаселда, хӀо буго хаслъиги. Абай, Жетысу, Бакъбаккул Хъазахстан регионал

Туркиял мацӀазул хъипчахъ гӀаркьел, жиндаса хъазах мацӀ лӀугьараб, аслияб куцалъ щулалъана Меседил Урдуялъул мехалда. РикӀкӀуна гьанжесеб хъазах мацӀ бакканилан шагарго 1465 соналда Хъазах ханлъи лӀугьингун. Батизе бегьула гьанжесеб хъазах мацӀ Тимурилал жинда кӀалъалеб букӀараб чагъатай турк мацӀалъулги, гьединго Меседил Урдуялда жинда кӀалъалел рукӀараб хъипчахъ турк мацӀалъул рател букӀин.

Хъазахаз хӀалтӀизабулаан жидерго мацӀ хъвазе гӀараб графика гӀ-ш. 1929 соналде щвезегӀан. 1900-л саназул байбихьуда хъазах активист АхӀмад Байтурсынулыца реформа гьабуна хъазах-гӀараб алфабет, амма эсул хӀалтӀи цӀикӀксанипеб рахъалъ букӀана къинабулеб Гьоркьохъеб азиялде щвараб совет режималъ. Гьебго мехалда совет режималъ хъазахал тӀамуна цин латин хъвай хӀалтӀизабизе, цинги 1940-абилел саназда босизабуна кириллица. Жакъаселъ хъазахаз хӀалтӀизабула мацӀ хъвазе кириллиябги латинги хъваял, 2017 соналдаса президентасулаб декреталдалъун 2031 соналдехун кириллиялдаса латиналде алфабет бачин лъазабун букӀаниги.

Хъвай-хъвагӀи ва ортография

[хисизабизе | код хисизабизе]
Хъазах алфабет
А а Ә ә Б б В в Г г Ғ ғ Д д
Е е Ё ё Ж ж З з И и Й й К к
Қ қ Л л М м Н н Ң ң О о Ө ө
П п Р р С с Т т У у Ұ ұ Ү ү
Ф ф Х х Һ һ Ц ц Ч ч Ш ш Щ щ
ъ Ы ы І і ь Э э Ю ю Я я

НекӀсиял туркиял къавмаз тӀоцебе хӀалтӀизабулеб букӀараб хъвавул мисаллъун ккола орхон-енисеяб хъвай-хъвагӀи, жиб VIII–X гӀасрабазда букӀараб. Гьоркьохъел гӀасрабазда исламгун цадахъ Хъазахстаналъул территориялда тӀибитӀизе лӀугьана гӀараб хъвавул парс вариантги. ГӀараб кьочӀое босараб хъвай-хъвагӀул букӀинчӀо хъазах мацӀалъул кинабниги фонологияб хаслъуе дандеккей, ва 1912-лъ А. Байтурсынулыца гӀуцӀана хъвавул вариант, гьел гӀунгутӀабиги гьечӀеб.

Совет мехалъ, 1929 ва 1940 соназда гьоркьоб латинизация лъазабун, хъазах мацӀ хъвазе хӀалтӀизублеб букӀана латин графика. 1940 Соналъ бахъана кириллияб алфабет, 42 хӀарпги бугеб.

Жакъасел къояз, хъазах мацӀ цӀикӀкӀаниселъ хъвала кириллияб хъвавуда, гӀараб-хъвавулаб алфабет хӀалтӀизабула Чиналда ругел дагьбутӀабаз. 2017 Сонил 26 октобралдаса, Президентасулаб декрет 569-да рекъон, Хъазахстаналда билӀинабизе буго буго латин хъвай 2025 соналдехун.[18][19]

Кириллияб хъвай букӀана гьабун хъазах мацӀ СССРалъул цогидал мацӀалгун лъикӀ жубазе абун, гьединлъидал элъул руго цо-цо хӀарп цӀалулӀ рекъонгутӀи.

У хӀарпалъ рагьукъалда хадуб бихьизабула і /ɘ/, ү /ʉ/, ы /ə/, ұ /ʊ/ гьаркьазул комбинация /w/ глайдгун,[20] м.б. кіру [kɪ̞ˈrɪ̞w], су [so̙w], көру [kɵˈrʏ̞w], атысу [ɑ̝təˈsəw]. Ю гъоркьуна гьебго процессалъе амма кӀалалда /j/-гун.

И хӀалпалъ бихьизабула гьаркьазул комбинация: i /ɘ/ (цебесеб рагьаралъул контексталда) яги ы /ə/ (нахъисеб рагьаралъул контексталда) + глайд /j/,[20] м.б. тиіс [tɪ̞ˈjɪ̞s], оқиды [wo̞qəjˈdə]. ГӀурус-рачӀарал рагӀабазулӀ, элъул реализация буго /ʲi/ (кьабизабул позициялда) яги /ʲɪ/ (кьабизабулереб бакӀалда), м.б. изоморфизм [ɪzəmɐrˈfʲizm].

Я хӀарпалъ бихьизабула жиндалъун /jɑ/ яги/jæ/, рагьаразул гьармониялда бан.

Щ хӀарпалъ бихьизабула/ʃː/, м.б. ащы [ɑ̝ʃ.ˈʃə].

Гьелдаго цадахъ, В, Ё, Ф, Х, Һ, Ц, Ч, Ъ, Ь, Э хӀарпал хӀалтӀизарула цохӀо къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ — цӀикӀкӀанисел гӀурусалдаса рачӀарал, амма цо-цо парс яги гӀараб лӀугьен бугезулӀги. Эл гӀесериселъ хисула кӀалъал хъазах мацӀалда.

Хъазахалда буго мацӀалзул кьолболаб рагьаразулаб гьармония, дагьалъ цегӀан цогидал мацӀаздаса рагӀабазулӀ (гӀемериселъ гӀурусниги гӀарабниги лӀугьен бугел) хутӀизегӀан. Гьединго буго гургинлъул гьармониялъул система, хъиргъизалъулалда релълъенлъи бугеб, амма элъулаб гӀадин щулаго хӀалтӀизабулареб ва ортографиялда бихьизабулареб. Эб система билӀинабула цохӀо тӀасиял рагьаразе /e/, /ɪ/, /ʏ/, амма /ɑ/ гьаркьие гуреб, ва эб батула хадусел силлабабазда.[21] Гьедин, (латин хъвавуда) jūldyz 'цӀва', bügın 'жакъа', ва ülken 'кӀудияб' унгоги абула jūldūz, bügün, ülkön гӀадин.

Хадусеб таблоялда рихьизарун руго стандартаб хъазах мацӀалъул рагьукъазул инвентар;[22] гьаркьазул гӀемерисел, кин батаниги, руго цогидал гьаркьазул аллофонал яги ратула дагьалъ церегӀан цогидал мацӀаздаса рачӀарал рагӀабазулӀ. 18 Рагьукъаб фонема, Вайдаца рехсараб, кьун буго парентезиз гьечӀого — эл фонемаби рукӀиналъги, эзул рехсарал артикулациялъул бакӀги куцги цӀакъ гӀаммал ва рихьизарураздаса батӀиялги рукӀине бегьиялъги (/t͡s/ лъедерго гурони данчӀваларо гарулӀ). Хъазах мацӀалда буго 19 жиндиргосеб рагьукъаб фонема; элги руго стопал /p, b, t, d, k, ɡ, q/, фрикативал /s, z, ɕ, ʑ, ʁ/, назалал /m, n, ŋ/, латералал/ɾ, l/, ва кӀиго глайд /w, j/.[23] Гьаркьал /f, v, χ, h, t͡s, t͡ɕ/ ратула цохӀо къватӀиса рачӀарал рагӀабазулӀ. /ʑ/ рагӀула алвеолопалаталаб аффрикат [d͡ʑ] гӀадин Синцзянгалъул (Чин) ва Узбекистаналъулги хъазах диалектазда. Гьаркьал [q]-ги [ʁ]-ги рукӀине бегьула анализарун /k/ ва/ɡ/ гьаркьазул аллофонал гӀадин нахъисел рагьарал ругел рагӀабазулӀ, гьоркьоса бахъи данчӀвала цогидал мацӀаздаса рачӀаразулӀ.

Хъазах рагьукъал фонемаби[24]
Лабиал Алвеолар (Алвеоло-)
палатал
Велар Увулар
Назал m ⟨м/m⟩ n ⟨н/n⟩ ŋ ⟨ң/ñ⟩
Плозив voiceless p ⟨п/p⟩ t ⟨т/t⟩ k ⟨к/k⟩ q ⟨қ/q⟩
voiced b ⟨б/b⟩ d ⟨д/d⟩ ɡ ⟨г/g⟩
Фрикатив гъугъаб s ⟨с/s⟩ ɕ ⟨ш/ş⟩ (χ) ⟨х/h⟩
зирараб z ⟨з/z⟩ ʑ ⟨ж/j⟩ (ʁ) ⟨ғ/ğ⟩
Аппроксимант l ⟨л/l⟩ j ⟨й/i⟩ w ⟨у/u⟩
Тэп ɾ ⟨р/r⟩
  • Зирарал обструентал силлаб-финалалда гъугълъун лӀугьуна.[21]

Хъазахалъул буго 12 фонемикияб рагьаралъул система, эзула 3 ккола дифтонг. Гургинлъул контраст ва /æ/ аслияб куцалъ баккула фонема гӀадин рагӀул тӀоцӀебесеб силлабалда, амма букӀине бегьула хадубги аллофоникалго; ралагье гьармониялъул бутӀада гъоркьегӀан цӀикӀкӀун информациялъе. Амма,/æ/ гьаракь гъорлӀе бачӀун буго гӀараб, парс ва хадуб татар мацӀазул асар сабаблъун Исламияб периодалда.[25] Эб батизе бегьула цо-цо гӀодосанго хъазах рагӀабазулӀги, кин букӀаниги. Халалъарал рагьарал гьечӀо.[17]

Вайдада рекъон, рагьаразул цебесеб/нахъисеб кинлъи унгоги баян гьабула нейтралаб данде нахъецӀараб мацӀалзул кьолбоца.[24]

Фонетикиял кӀварал цадахъ лъун руго рекъон кколел хъазах килиллиябги гьанжесеб латинги алфабетазул симболазда.

Хъазах рагьарал фонемаби
Цебесеб

(ЦебецӀараб мацӀалзул кьибил)

БакьулӀеб

(Бичча́раб мацӀалзул кьибил)

Нахъисеб

(НахъецӀараб мацӀалзул кьибил)

ТӀасиял ɪ̞ ⟨і/ı⟩ ʉ ⟨ү/ü⟩ ⟨ұ/ū⟩
Дифтонг je̘ ⟨е/e⟩ əj ⟨и/i⟩ ʊw ⟨у/u⟩
Гьоркьохъел e ⟨э/e⟩ ə ⟨ы/y⟩ ⟨о/o⟩
Гъоркьиял æ̝ ⟨ә/ä⟩ ɵ ⟨ө/ö⟩ ɑ̝ ⟨а/a⟩
Хъазах рагьарал абул куцалда рекъон
Цебеселги бакьулӀелги Нахъисел
гургинлъичӀел гургинлъарал гургинлъичӀел гургинлъарал
ТӀасиял ɪ̞ ⟨і/ı⟩ ʏ̞ ⟨ү/ü⟩ ə ⟨ы/y⟩ ⟨ұ/ū⟩
Гъоркьияб je̘ ⟨е/e⟩ / æ ⟨ә/ä⟩ ɵ ⟨ө/ö⟩ ɑ̝ ⟨а/a⟩ ⟨о/o⟩
  • Руго кӀвариял дебатал хъазах рагьаразул таблоялда тӀасан, амма киналго анализал рачӀун руго микь-рагьараб система букӀиналде, жиндилӀе гӀарабги парсги мацӀазул асаралдалъул [æ] гьаракьги хъвараб.
  • Рагьараб /e̞/ цӀикӀкӀаниселъ абула /je̞/ гӀадин рагӀул кӀалалда, гъоркьоса-бахъул e- кьибилгун. Урбанаб хъазах мацӀалда буго тенденция киналго /e̞/ палаталлъиялде, гӀурусалъул асар сабаблъун.[26]

Рагьаразул гьармония

[хисизабизе | код хисизабизе]

Хъазах мацӀалъ бихьизабула мацӀалзул кьолболаб рагьаразулаб гьармония (жинда гьединго тамахаб-къвакӀараб гьармония цӀарулеб), ва, букӀине бегьула, загӀиплъараб гургинлъулаб гьармония, жиб рагӀул тӀоцебесеб силлабалда бугилан толеб. Киналго рагьарал, тӀоцебесеб гургинлъараб силлабалда хадур ругел, ккола гьеб гьармониялъул субйект, /ɑ/ гьаркьил гьоркьоса бахъигун, ва хадусел силлабазда хутӀун, м. б. өмір [ø̞mʏr], қосы [qɒso]. Урбанаб хъазахалда буго тенденция гургинлъул гьармония биххизабул, гьединго цинги гӀурусалдаса рачӀарал рагӀаби аби асасазде данде ккечӀого.[26]

Кьабизаби буго динамикияб, цӀикӀкӀанисел рагӀабазулъ хъазах мацӀалда къуватаб кьабизаби ккола тӀарамагъадисеб силлабалде, загӀипаб — тӀоцебеселде,[17][27] хадусел бакӀазда хутӀун:[28][17]

  • БатӀаял гьаркьихъе-рагӀабиги интерйекциябиги тӀоцебесеб силлабалда кьабизабигун
  • Кьабизаби букӀунаро рагӀул тӀарамагъада хадусел аффиксазда:
    • предикаталъулазда: бақытты́-мыз 'ниж бахьилго руго'
    • -дай/-дей, -тай/-тей аффиксазда: ү́й-дей 'рокъор гӀадин'
    • оптативалъул -йын/-йін аффиксазда: жаза́-йын 'хъвазин дица'.
  • БутӀабазулӀги хадурегӀелазулӀги: -шы/-ші '-ха', ғой '-ха', -да/-де, -та/-те '-ха', -ма/-ме, -ба/-бе, -па/-пе 'гури', дейін '-де', үшін 'гӀоло' цги.
  • Жо рикӀкӀунаго, рикӀкӀеназулӀ кьабизаби уна тӀоцебесеб силлабалде, амма тӀарамагъадисеб силлабалде ракӀарул рикӀкӀеназулӀ, -eu суффикс бугел (bıreu, altau < bır, alty):
bır, e, üş, tört, bes, alty, jetı, ...
'цо, кӀиго, лъабго, ункъго, щуго, анлӀго, анкьго, ...'
  • Дефинитиял ва негативиял цӀарубакӀазулӀ кьабизаби букӀуна тӀоцебесеб силлабалтӀа:
bärıne kımge
'киназего, лъиениги'
  • Кьабизаби уна бутӀаде яги хадурегӀалиде, гьездехун аффиксал рекӀинаруни:
үйге дейін, үйге дейінгі жол
'рокъобегӀан, рокъобегӀан нух'

Фразалда батӀаяб рагӀи, рагӀабазул група, яги жибго кинабго фраза логикалго батӀа гьабизе хӀалтӀизабула тоникияб (музикалаб) кьабизаби.[17][27]

Сингьармонизм гуребги, хъазах мацӀалда буго рагьукъазул ассимиляцияги.[29] Эб букӀине бегьула тӀобарабги, гьаркьал цоцада тӀобанго релълъунеб, гьединго бутӀаккунисебги, цояб гьаркьица цогидаб гъугълъизабулеб: қыз-ға 'ясалъе' ва қыс-қа 'хасалие'.[30].

Прогрессивияб ассимиляция букӀунел бакӀал:[30]

  • кьочӀоде, жиндир тӀарамагъада зирараб (сонорант, рагьараб) бугеб, кӀалалда зирарабгун аффиксалъул вариант бугеблъуб: бай-лық 'бечелъи', сіз-ге 'Нужее'; гьоркьоса бахъи — къватӀиса рачӀарал аффиксал -паз, -хана, -қор, -кеш, -кер, гьединго кӀалалдас, ш ругел аффисксал: -сін, -шы цги
  • тӀарамагъада гъугъаб бугеб кьочӀоде рекӀинабулелъуб кӀалалда гъугъаб бугеб аффикс: хат-тар 'кагътал'
  • тӀарамагъада ш гьаркьица жиндаго аффиксалъул с релълъинабулелъуб (хъвала тыныш-сыз — абула тынышшыз)
  • кьочӀол тӀарамагъада рагьаралъ, зираралъ яги соноранталъ зиризарула к > г, қ > ғ (хъвала қара көз 'бералчӀегӀер' — абула қара гөз, ұзын қол 'халатаб квер' — ұзын ғол)

Регрессивияб ассимиляция:[30]

  • тӀарамагъадисеб п сверула б-ялде яги у-ялде, эб бихьизабула хъвалагоги (кітап + -ым — кітабым 'дир тӀехь', кеп + -іп — кеуіп 'высохнув')
  • г, к, ғ, қ, б, п гьаркьазда цебе кьочӀолӀ бугбе тӀарамагъадисеб н буссуна ң яги м гьаркьазде (хъвала сәрсенбі — абула сәрсембі, бұрынғы — бұрыңғы)
  • аффиксазул кӀалалда ругел с, ш гьаркьаз жидедаго релълъинарула кьочӀолӀ ругел: з, с > с, ш (хъвала көз-сіз 'берукъаб' — абула көссіз, бас-шы 'нухмалъулев' — башшы)
  1. ^
  1. ^ Хъазах at Ethnologue (27th ed., 2024) Closed access icon
  2. ^ "Статья 4. Правовое положение языков | ГАРАНТ".
  3. ^ "Произношение букв – kazaktili.kz" (in русский). kazaktili.kz. Щвей 12 декембер 2022.
  4. ^ "Kazakh (Қазақ тілі / Qazaq tili / قازاق ٴتىلى) – Omniglot" (in английский). Щвей 12 декембер 2022.
  5. ^ a b Баскаков, Н. А. (1952). "К вопросу о классификации тюркских языков". Известия Академии наук СССР. Отделение литературы и языка. XI (2). Москва: 121–134. Архивация оригинал (23 декембер 2019).
  6. ^ a b Тенишев, Э. Р. (2002). "Кыпчакская группа". Сравнительно-историческая грамматика тюркских языков. Региональные реконструкции (in русский). Москов: Наука. гь. 767.
  7. ^ Казахский язык // КӀудияб советияб энциклопедия : [30 т.] / бетӀ. ред. А. М. Прохоров. — 3-леб басм. — М. : Советияб энциклопедия, 1969—1978.
  8. ^ "Central Asia: Kazakhstan". The 2017 World Factbook. Central Intelligence Agency. 26 октобер 2017. Щвей 31 октобер 2017.
  9. ^ "TITUS Didactica: Language Map: Turkic languages: Map frame". titus.fkidg1.uni-frankfurt.de. Щвей 3 август 2023.
  10. ^ А.Смаилов, ред. (2010). "Население по национальности и родному языку". Итоги Национальной переписи населения 2009 года в Республике Казахстан. Астана. гь. 251-297.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  11. ^ Смаилов, А.А., ред. (2011). "4. Национальный состав, владение языками, гражданство, вероисповедание". Аналитический отчет. «Итоги Национальной переписи населения Республики Казахстан 2009 года» (PDF). Астана. гьл. 22–65.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  12. ^ Шаймарданов, Ж.Н., ред. (2022). "4. Ана тілі. Родной язык". Краткие итоги. Итоги Национальной переписи населения 2021 года в Республике Казахстан года» (PDF). Нұр-Сұлтан. гь. 63.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  13. ^ Шаймарданов, Ж.Н., ред. (2022). "5. Мемлекеттік тілді меңгерген халық (5 жастағы және одан үлкен). Население, владеющее государственным языком (в возрасте 5 лет и старше)". Краткие итоги. Итоги Национальной переписи населения 2021 года в Республике Казахстан года» (PDF). Нұр-Сұлтан. гь. 63.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  14. ^ Аманжолов 1959, гь. 205.
  15. ^ a b c Толстов, С. П., ред. (1962). "Казахский язык". Народы Средней Азии и Казахстана. Том 1. Москва: Издательство АН СССР. гь. 125.
  16. ^ Қазақ тілі. Энциклопедия. Алма-Ата. 1998. гь. 509. ISBN 5-7667-2616-3.{{cite book}}: CS1 maint: location missing publisher (link)
  17. ^ a b c d e Кайдаров, А. Т. (1997). "Казахский язык". Языки Мира. Тюркские языки. Москов: Индрик: 242–254. ISBN 5-85759-061-2.
  18. ^ О переводе алфавита казахского языка с кириллицы на латинскую графику [On the change of the alphabet of the Kazakh language from the Cyrillic to the Latin script] (in русский). Хъазахстаналъул Республикалъул президент. 26 октобер 2017. Архивация оригиналалдаса 27 октобер 2017. Щвей 26 октобер 2017.
  19. ^ Kazakhstan to Qazaqstan: Why would a country switch its alphabet?, BBC News (31 октобер 2017).
  20. ^ a b "Произношение букв | kaz-tili.kz". kaz-tili.kz. Щвей 10 юл 2023.
  21. ^ a b "Произношение букв | kaz-tili.kz". kaz-tili.kz. Щвей 3 август 2023.
  22. ^ Цо-цо вариантал данчӀвала хъазахалда кӀалъалел батӀи-батӀиял регионазда, Хъазахстан тун хъватӀибги; м. б. ж / ج (гьанжесеб уйгъур алфабеталда релъарал гӀараб хъвай хӀалтӀизабулелъуб) цӀалулеб куц буго [ʑ] iстандарталда, амма [d͡ʑ] цогидал бакӀазда.
  23. ^ Öner, Özçelik. Kazakh phonology (PDF) (Thesis). Cambridge University.
  24. ^ a b Vajda, Edward (1994), "Kazakh phonology", Гъоркь: Kaplan, E.; Whisenhunt, D. (редл.), Essays presented in honor of Henry Schwarz, Washington: Western Washington, гьл. 603–650
  25. ^ Wagner, John Doyle; Dotton, Zura. A Grammar of Kazakh (PDF). Архивация оригинал (PDF) (26 март 2023).
  26. ^ a b Muhamedowa, Raihan (24 септембер 2016). Kazakh: A Comprehensive Grammar (in English) (1st ред.). London New York: Routledge. ISBN 978-1-138-82863-6.{{cite book}}: CS1 maint: unrecognized language (link)
  27. ^ a b Кенесбаев, С. К.; Карашева, Н. Б. (1966). "Казахский язык". Языки народов СССР: Тюркские языки. Москов: Наука: 320–339.
  28. ^ "Ударение". Казахский ясык. Щвей 24 январ 2022.
  29. ^ Кенесбаев & Карашева 1966, гь. 320.
  30. ^ a b c Кенесбаев & Карашева 1966, гь. 322.
  • Kara, Dävid Somfai (2002), Kazak, Lincom Europa, ISBN 9783895864704
  • Mark Kirchner: "Kazakh and Karakalpak". In: The Turkic languages. Ed. by Lars Johanson and É. Á. Csató. London [u.a.] : Routledge, 1998. (Routledge language family descriptions). S.318–332.
  • Халип:Cite JIPA

КъватӀисел линкал

[хисизабизе | код хисизабизе]

Халип:Wikivoyage